Перейти к содержанию

Как

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Как
Как
Афгъанистаналда как
Как

Как (гIараб мацIалда صلاة‎‎‎) [1][2]

Исламалъул кIиабилеб рукну как бай ккола. Шагьадат бегьизабун хадуб исламалъул кIиабилеб рукну буго как бай. Как абула рагIабаздасаги, гIамалаздасаги данде гьабураб, нияталдалъун байбихьулеб, салам кьеялдалъун лъугIулеб Аллагьасе гьабулеб хассаб гIибадаталда.

Нужеда лъай, нужедаги дидаги Аллагь гурхIаял, как баялдаги, жамагIат гьабиялдаги тIад чIей буго киналниги лъикIлъабазе аслу, даража борхиялъеги, баракат гIемерлъиялъеги нух, мунагьал чуриялъеги, балагьал рорхиялъиги сабаб.

Аллагьасдаса хIинкъи (такъва) щола гьел каказда тIад чIей гьабиялдалъун ва гьеб такъваги дин камиллъиялъе аслу буго. Дин камиллъиялъ гьев чи нахъе чIвала къабихIал пишабаздаса ва мунагьал гьариялдаса.

Как балеб агьлу ругеб бакIалдаса балагьал нахъе чIвала, гьеб как тарал чагIазде балагьал рещтIулеб гIадин. Дуца абуге диналъул вац дица как балеб бугин, цогидазул дица кIвар гьабиларин абун. Нагагь балагь рештIани гьеб лъикIасдаги квешасдаги гIамлъула. Гьелъие гIиллаги буго - лъикIал гIадамаз амру-нагью гьабичIого тей ва Аллагьасе гIоло квешлъи гьабулел гIадамал рикIкIад гьарунгутIи.

Гьанибе щвезегIан какилги какие чуриялъулги хIакъалъулъ рехсараб жо ккола фаризаяб тIадаб цонигияб камуни как бегьулареб. Гьезул цониги жоги камизабун бараб как цIидасанги базе кколеб. Гьаб фаризаяб жоги тун суннатаб жоялде ирга щоларо. Гьелдаса хадуб какилги какие чуриялъулги гIемерал суннаталги руго, адабалги руго, жал камуни как бегьулеб, амма какил камилаб кириги щоларел Аварагасул шафагIатги щолареб алжаналъул тIадегIанал даражабиги щоларел. Ай гьесие гьал жал щоларо гьел суннатал жалги камизарун как банани. Парз тIубан хадуса гьел суннаталги лъазаризе ккола, сордо къоялда жанир ралел суннатал какалги лъазаризе ккола. ХIузуралдахушугIалда Аллагьги ракIалде щун, цIалулеб жоялъул магIнаги бичIун как бай, гьебги ккола какил рухI.

Какил бугеб кIвар

Как ккола исламияб диналъул хIуби, къиямасеб къоялъги Аллагьас тIоцебе какалъул хIакъалъулъ гьикъизе буго. Рукну-шартI тIубан как барав чиясе Аллагьас алжан кьезе къотIи гьабуна, бачIев чиясе къотIи гьабичIо. Как тезе ихтияр гьечIо гIакълуги, рухIги чорхолъ бугев цониги бусурманачиясе, цохIо хIайз-нифасалда ругел руччабазе хутIун. Как тей цо-цо гIалимзабаз чи чIваялдасаги кIудияб мунагь кколилан абулеб буго. Анкьго сон баралдаса нахъе лъималазда как малъизе тIадаб буго. Камилго как барав чи, гьелъ квешал, мункарал, къабихIал ишаздаса цIунула. Как бегьизе ккани цIунизе ккола какил шурутIалги, арканалги. Цониги гьелъул шартI, яги рукну камунани как малъуларо, цIидасан базеги, бецIизеги ккола.

Какил шурутIал

Файл:Shalatanakkecil.jpg
Как

Какил шурутIал абула какилъе лъугьиналдего хIадурунги рукIине кколел, как лъугIизегIан даимлъизеги кколел ишазда. Гьелги щуго руго: ХIадасалдаса рацIцIалъи, нажасалдаса рацIцIалъи, черх бахчи, какил гIуж щвей, къиблаялде вуссин.

ТIоцебесеб шартI

ТIоцебесеб шартI – хIадасалдаса вацIцIалъи. ХIадас кIиго батIияб буго: гьитIинаб хIадас – какие чури биххи, кIудияб хIадас черх чуризе тIалъи. Каки чуриялъулги ва черх чуриялъулги гьединго руго шурутIал Каки чури ва гьединго черх чури бегьизе ккани цIунизе ккола гьеб кIиялъулго шурутIалги. Цониги гьезул шартI камунани гьел малъуларо.

1. Бусурманав вукIин. 2. БацIцIадаб лъим букIин. 3. Чурулеб лагаялдаса (черхалдаса) лъим чвахи. 4. Чурулеб лягаялдаса (черхалдаса) тIаде лъим биччалареб жо тIаса инаби. 5. Каки чури (яги черх чури) тIадаб букIин лъай. 6. Каки чуриялъул (черх чуриялъул) тIадал жал лъай. 7. ЧIужугIаданалъе – хIайз-нифасалдаса яцIцIалъун йикIин.

Каки чури биххула ункъо ж оялдалъун: цебесеб яги нахъисеб рахъалдаса (ай гIавраталдаса) щиб бугониги къватIибе бачIиналдалъун (мани хутIун), махIрамиял гурел бихьиназулги руччабазулги гьоркьоб пардав гьечIого тIом цоцазде хъваялдалъун, макьица ккуни, гIакълу тIаса ани, квералъул жаниса рахъ гIавраталда хъванани. Гьел гьитIинал хIадасаздаса рацIцIалъула каки чуриялдалъун. Каки чуриялъул анлъго фарз буго. Цониги камуни каки чури малъуларо.

1. Ният гьаби: «Дица ният гьабуна какие чуриялъул фаризаял жал тIоритIизе» – абун. Гьебги ракIалъ гьабизе тIадаб буго, мацIалъ абизе суннатаб буго. Ният гьабиги гьумер чуризе байбихьиги цадахъ ккезабизе ккола. 2. Гьумер чури. 3. ГIункIрукьалгун цадахъ кIиябго квер чури. 4. БетIералда масхIу гьаби. 5. ХIатIал чури хIатIихинкIалгун цадахъ. 6. Рехсараб тартибалда гьаби.

Какие чури биххарав чиясе хIарамлъула: Къуръаналда квер хъвай; гьеб кодоб боси (амма Къуръан рекIехъе цIализе хIарамлъуларо); как бай; КагIба рукъалда сверун тIаваф гьаби.

Черх чуризе т Iалъула бихьиназдаги руччабаздаги мани бачIани, жинсияб хурхен гьабуни, хвани. Гьединго чIужугIаданалда черх чуризе тIалъула хIайзнифасалдаса яцIцIалъун хадусаги, лъимер гьабун хадусаги.

КIудияб хIадасалдаса рацIцIалъула черх чуриялдалъун. Черх чуриялъул кIиго фаризаяб жо буго: 1. Ният гьаби: «Дица ният гьабуна черх чуриялъул фарз тIобитIизе» – абун. Ният гьабиги черх чуризе байбихьиги цадахъ ккезабизе ккола. 2. Черхалъул рас, малъ, тIом – кинабго бакIалде лъимги щвезабун черх чуриги.

Мани бачIун яги жинсияб хурхен гьабун черх чуризе тIалъарав чиясда дж унуб абула. Джунубасе хIарамлъула: Какие чури биххарав чиясе хIарамлъулел жал; Къуръан цIали (рекIехъ бугониги); мажгиталъув чIей.

ХIайзалда яги нифасалда йигей чIужугIаданалъе хIарамлъула джунубасе хIарамлъулел щинал жалги ва гьединго кIал кквейги, жинсияб хурхен гьабиги, цIинуялдаса накабазде щвезегIан черхалъул гьоркьоблъиялда росасда квер хъвазе тезеги, ва жинцаго гьесда черхалъул гьеб бакI хъвазабизеги тIадаб черх чури гьабизегIан. Амма хIайз яги нифас къотIаралдаса кIал кквезе хIарамлъуларо гьелъие черх чурун гьечIониги.

КIиабилеб шартI

Чачаназул как

КIиабилеб шартI – нажасалдаса рацIцIалъи буго. Как балев чиясул черхги ретIелги как балеб бакIги нажасаб жоялдаса бацIцIад букIине ккола. Нажасаб жолъун рикIкIуна кинабго хвараб хIайван, инсанги, ччугIаги, гарцIги хутун. Ва гьединго болъон, гьой, сундул бугониги кIуш, гъиз, би, лагIараб жо, хьверд, рецI, гIаракъи. Нажасаб жоялдаса рацIцIалъи гьабула гьеб нажасаб жоялъул махI, кьер, тIагIам тIаса унедухъ бацIцIадаб лъеца чурани. Какие чури, черх чури, нажаслъи тIаса инаби кинабго бацIцIадаб лъеца гьабула, лъим щвечIони таяммум гьабула.

Лъабабилеб шартI

Лъабабилеб шартI – черх бахчи. Бихьинчиясул какилъ цIинуялдаги накабаздаги гьоркьоб бугеб бакI бахчун букIине ккола, къула ворхулаго цIинуялдаса гъоркьехун яги накабаздаса тIадехун бихьинчисул черхалъул щибниги бакI загьирлъулеб бугони как малъуларо. ЧIужугIаданалъул гьумерги квералги тун хутIараб кинабго бахчун букIине ккола, чIужугIаданалъул цониги рас, керен, габур, махIаби, квералъул сагIат къалеб бакI бихьулеб хIалалъ бараб как малъуларо.

Ункъабилеб шартI

Ункъабилеб шартI – къиблаялдехун вуссин буго. Как байбихьаралдаса лъугIизегIан къиблаядехун как балев чиясул керен буссун букIине ккола. Къиблаги мажгитазде ун лъалел чагIазда цIехон лъазабизе ккола.

Щуабилеб шартI

Щуабилеб шартI – какил гIуж щвей. Щибаб къойил щуцIул как базе тIалъула. Рогьалилги, къалъулги, бакъанилги, маркIачIулги, боголилги. ГIуж щвелалде цо лахIзаталъ цебе бухьаниги как малъуларо. ГIуж борчIани как бецIизе ккола. Щибаб какил гIужазул авалги ахирги букIуна гьелги рузнамабаздаса лъазаризе кIола.

Какил ракагIатал

Рогьалил какил – 2, къалъул – 4, бакъанил – 4, маркIачIул – 3, богилил – 4 ракагIатал руго.

Какал

Какил рукнаби

«Аллагьу акбар»
Как
Как

Какил рукнаби абула гьелъул аслиял бутIабазда, гьезул цониги камуни как малъуларо, гьелги анцIила лъабго руго:

1. Ният гьаби: ният ракIалъ гьабизе тIадаб, кIалалъ гьабизе суннатаб буго. Масала ракIалъ къасд гьабила: «Дица ният гьабуна къалъул фаризаяб как базе» – абун. Ният гьабиги как бухьиналъул «Аллагьу акбаргун» цадахъ ккезабила.
2. Как бухьиналъул «Аллагьу акбар» аби. ЦIараб цIан, къараб къан хIарф тIаде цIикIкIинабичIого яги тIаса камизабичIого абизе ккола.
3. Паризаяб какилъ вахъун чIей, гьедин бажарулеб гьечIони яги кутакалда захIмалъулеб бугони къулун, гьединги бажаричIони гIодов чIун, гьединги бажаричIони вегунги бала. ГIузру бугев чияс гIалимчиясда яги имамасда гьикъизе ккола.
4. АлхIам цIали. ХIарп камичIого тIаде цIикIкIинабичIого, хисизабичIого, цIараб къараб хIарп камизабичIого, битIун хIарпалги рахъун, лъалев чиясул кIалдисаги босун лъазабизе ккола битIун АлхIам цIализе.
5. РукугI – (какил къули) кверазул хъатал наказде гIунтIуледухъ, цоги жоялъе гIоло гуреб гIицIго какие гIоло къулизе ккола, къулараб бакIалда лахIзаталъгIаги чIезеги ккола.
6. ИгIтидаль – (рукугIалдаса тIаде ворхи) къулилелде цебеккун черх букIараб хIалалде щвезегIан. Как гуреб жоялъе гIоло ворхичIого гIицIаб какие гIоло ворхун, ворхун хадуса цо лахIзаталъгIаги чIей.
7. КIиябго сужда гьаби, пардав гьечIого нодо гIодобги лъун, кверал, накаби, хIатIил килщазул гъоркьияб рахъал гIодобги лъун, нодоялъул дагьабгIаги бакIлъи гIодоб ракьалде щвеледухъ, как тун батIияб жоялъе гIологи гуреб. РохокъотIиялъул бакI кIигъуждудаса борхун букIунедухъ, суждаялде ун хадуса цо лахIзаталъгIаги гьенив чIейгун цадахъ.
8. КIиябго суждаялда гьоркьов гIодов чIей, мугъ битIуледухъ, какие гIоло гуреб цоги жоялъе гIоло суждаялдаса ворхичIого, гIодов чIараб бакIалда лахIзаталъниги чIейгун цадахъ.
9. Ахирисеб АттахIият цIализе гIодов чIей, мугъ битIуледухъ, суждаялдаса батIияб жоялъе гIоло ворхичIого, ва фаризаяб АттахIият цIалун лъугIизегIан гIодов чIун вукIингун цадахъ.
10. Ахирисеб ракагIаталда фаризаяб къадар АттахIиятуялъул цIали, хIарп камичIого, хIарп хисичIого цIараб цIан къараб къан. АттахIиятуги гьеб битIун цIалулев чиясул кIалдиса босун лъазабизе ккола.
11. Ахирисеб АттахIиятуялда хадуб МухIаммад аварагасде r салават битIи.
12. ЦоцIул салам кьей: «Ассаламу гIалайкум» – абун.
13. Тартиб цIуни, цереккун рехсарал 12го рукнаби цебесеб цебе, хадусеб хадуб тартибалда тIурай.

Как батIул гьабулел пишаби

Как батIуллъула какил цере рехсарал цониги шартIал яги рукнаби камуни; хIацIу гуреб батIияб жо къулчIани; Аллагь рехсей, Къуръан цIали, дугIа гьаби гуреб жоялдалъун кIиго хIарп загьирлъани, яги магIна бугеб цо хIарп загьирлъани; тIатIалаго лъабго кIудияб багъари гьабуни (масала, лъабцIул квер яги хIетIе багъаризабуни); какие чури биххани; гIаврат загьирлъани; какил ният хисани яги гьелда шаклъи ккани; велъиялдалъун, гIодиялдалъун яги угьдиялдалъун кIиго хIарп загьирлъани; къиблаялдехун мугъ сверани; купруялде ани.

Примечания

  1. ^ КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов, ФАРЗ / ХIакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечIеб къадар, МахIачхъала 2006
  2. ^ Салафу ссвалихlиназул нух кквезе бокьаразе сайгъат. Какил хиралъи ва гьеб тарасе бугеб хlинкъи