Перейти к содержанию

ХӀаж

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ХӀаж
ХӀаж

ХӀеж (ГӀараб: احج) — исламалъул щуабилеб рукну.

Исламалъул щуабилеб аслу ккола нухалъул рахъалъ хӀал кӀварав чияс хӀаж гьаби. ШаригӀаталда рекъон хӀаж абула КагӀбаялде къасд гьабиялда, гьаризе кколел хассал гӀамалал гьаригун цадахъ.

ХӀажалъул бицун хӀал кӀоларебгӀан гӀемераб хиралъи буго, гӀемерал дунял ахираталъул хиралъаби руго. Гьелъ черх лъикӀлъизабула, ракӀ сахавалъизабула, гӀадамал ращад гьарула, бусурбабазда гьоркьоб вацлъи ва цолъи цӀикӀкӀинабула. ХӀажалъ аварагзабазул, гьезул асхӀабзабазул тарих ракӀалде щвезабула, хириял бакӀазде зияратал гьаризе рес кьола, ракӀалги рухӀалги рацӀцӀад гьарула. «ХӀалкӀолебги букӀаго хӀаж гьаби-чӀого хварав чи, бокьани ягьудиявлъун хва абе, бокьани насраниявлъун хва абе» – ян абуна Аллагьасул расулас . Гьединлъидал хӀаж гьабулел къагӀидабиги лъазарун нухалъул рахъалъ хӀал кӀолев чияс, хӀаж борхизе хӀаракат бахъизе ккола.

Гьал щуялго аслаби малъичӀого исламалъ тӀад гьабулел гӀемерал тӀадал жалги руго эбел инсул хӀурмат гьаби гӀадал, гӀагарлъиялъулгун лъикӀаб хурхен гьаби гӀадал, мадугьалзабигун лъикӀ рукӀин гӀадал, гӀисиназда гурхӀел гьаби, чӀахӀиязул хӀурмат гьаби гӀадал.

Гьединго руго исламалъ хӀарам гьарурал жалги, масала, гьездаса ккола чӀахӀиял мунагьал: чи чӀвай, зина гьаби, цӀогь гьаби, гьекъолди, наркомания, рищватчилъи, мацӀ гьаби, гъибат гьаби, бугьтанал лъей, хӀал хъублъи, хӀасад, тущманлъи, чидай зарал гьаби кверазги мацӀалъги, чияр хӀарамаб боцӀи кванай, зулму гьаби ва гь. ц. Гьездасаги цӀунизе ккола цебехун ккаралдаса тавбуги гьабизе ккола. Аллагь тӀаса лъугьинчӀони гьездалъун кьолеб гӀазаб гӀакъуба бицун хӀал кӀолареб хӀехьон бажарулареб буго. [1]

  1. ^ КъурамухӀаммад-хӀажи Рамазанов, ФАРЗ / ХӀакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечӀеб къадар, МахӀачхъала 2006 (хвараб регӀел)